Год семьи!

แชร์
ฝัง
  • เผยแพร่เมื่อ 16 ต.ค. 2024
  • ХЪИЗАМАЛЪУЛ СОН.
    Бищунго аслияб жо, гьеб ккола нилъер хъизан,
    Бищунго г1агараб жо, гьеб ккола нилъер хъизан,
    Сундасаго ц1унулеб, щивасе къвариг1унеб,
    Адаб-х1урматалъул рукъ, гьеб ккола нилъер хъизан.
    Къварилъиялъ къвал бадал цоцай раг1и батулеб,
    Унта-щокълъи рещт1ани, аск1ор сардал рогьунеб,
    Свакан рокъоре щведал самовар х1адурулеб,
    Гьединал т1алабазул гьелеха нилъер хъизан.
    Хъизан-рукъ гьеч1ев г1адан, гьев пакъирав чи ккола,
    Хъизан г1уц1ц1арав г1адан т1алабияв чи ккола.
    Эбел-инсул хинлъиялъ лъималазда рух1 лъола,
    Эбелалъ бежараб чед гьоц1ц1ог1адаб бук1уна.
    Инсул квер ккун къот1носан, къват1ивехун унев вас,
    Унго гьелда релъараб бугодай щибго талих1,
    Рукъалде уней ясалъ, эбелалдаги къочун,
    Къо лъик1илан абулеб, гьеле берцинаб сурат.
    Сундулъго баракатги, берцин рук1а-рахъинги,
    Гьабулеб насих1атги бук1уна хъизамалъулълъ,
    Гьоболасе гьабулеб, гьудуласде бикьулеб,
    Т1абиг1ат ц1унизеги малъула хъизамцояз.
    К1очене бегьуларо эбел-инсул рук1арал, гьезул кверзул пишаби, рекьулел гьезул хурзал,
    К1очене бегьуларо гьез мерхьарал лъол къват1ал, къулг1адухъан баччараб, гьекъезе ц1орораб лъим.
    Жакъа бигьалъи буго, кинабго рокъоб буго,
    Нилъго к1вах1аллъун руго, унтаби г1емер руго.
    Щибниги жо лъаларел лъимал руго г1ун щолел,
    Гьебищха наслуялъе нилъее бокьун бугеб?
    Ц1унизе ккола сахлъи, ц1унизе ккола хъизан,
    Щивас х1аракат бахъун гьабизе ккола т1алаб,
    Гьеб ккола Аллагьасги нилъеда т1ад лъураб жо,
    Гьеб нилъер намусалъги цадахъ ч1езабулеб жо.
    Исана гьаб нилъер сон, хъизан к1одо гьабулеб,
    Гьабизин нилъецаги гьелъул к1удияб адаб,
    Хъизан камурав гьеч1о, гьеб лъаларевги гьеч1о,
    Гьелъул къимат гьабизе къуват кьеги нилъее!🤲
    НУЦАЛАЙ КИЛАЛЪА.

ความคิดเห็น •